Расул Омаров Бабушка


Текст песни Бабушка - Расул Омаров слушать онлайн

Исполнитель: Расул Омаров

Название: Бабушка

Просмотрено: 331

Другие песни исполнителя Расул Омаров

Текст песни:

Дир гьитIинаб замана дуда аскIоб тIамуна
Дир пашманал сардал мунгун цадахъ рорчIана
Дир къваридаб рекIей рохель дуца кьуна.
Амма жакъа аскIой гьечIо дида мун
ГIемер духъ урхъиялъ гIодулеб буго дир ракI
Жакъа йиго рикIад, дир к1удаэбель

БецIлъана дие дунял, сун ана ракI....2 раза
МагIиль цIуна дир гьал берал
Гвангъараб къо бецIлъун ана
Дуца дунял танин абун
СогIаб хабар тIаде щвейдал
Каранда ракI тIутIун ана.

Тоге дуца ниж рехун
Урхъизе ракIал гьарун
ТIаде яхъа гIазизай
Цо сверухъ ялагьизе
Анир къварилъарал ниж
Лъоба чIунтараб мина
Щущазабунеб лахIтугун
ТIаде яхъа нижер эбель

Дур гьимиги дур балайги
ГIакълу бугель рагIабиги
Аваданаб каранда ракI
Нижее цIакъ гIолеб гьечIо
Бихизе гьабун лах1туги, якун ячIа нижер эбель

БецIлъана дие дунял, сун ана ракI
МагIиль цIуна дир гьал берал
Гвангъараб къо бецIлъун ана
Дуца дунял танин абун
СогIаб хабар тIаде щвейдал
Каранда ракI тIутIун ана.

Расул Омаров - Бабушка


Комментарии:

Добавить комментарий



Каптча: